Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьев вуго дабагъчи Симонихъ гьоболлъухъ. Ралъдал рагІалда буго гьесул мина. Пётрица гьел жанире рачана ва сордо бан гьенир чІезаруна. Нахъисеб къоялъ вахъун гьезда цадахъ ана Пётр. Иоппиялдаса цо чанго диналъул вацги къватІиве вахъана гьезда цадахъ. Гьезда Пётрица абуна: – Нужеда лъала жугьутІазул къануналда рекъон цогидал халкъазул гІадамазулгун гьоркьоблъи гьабизе яги гьезухъ гьоболлъухъ рещтІине жугьутІчиясе бегьулареблъи. Амма Аллагьас дида бихьизабуна тІолабго махлукъаталда гьоркьоб цониги чиясда хъубавилан, нажасавилан абизе бегьулареблъи. Гьанже дуца Иоппиялде чагІи ритІе Пётр абун тІокІцІар бугев Симонида хадур. Гьев Пётр вуго ралъдал рагІалда мина бугев дабагъчи Симонил бакІалда».
Выбор основного перевода