Гьес гьезда бичІчІизабуна ва бихьизабуна МасихІ хвезе кколев вукІаравлъиги хваралъуса вахъине кколев вукІаравлъиги. Гьес абуна: – МасихІ ккола дица нужее жиндир хІакъалъулъ бицунеб бугев ГІиса.
Силаги Тимофейги Македониялдаса гьенире рачІараб мехалъ, вагІза-насихІаталда тІадчІана Павел, гьев ГІиса хІакъикъаталдаги МасихІ вугилан жугьутІазда бичІчІизабизе.
Халкъалда цебе гьес цІакъаб ракІчІейгун гьереси гьарулел рукІана жугьутІал. Илагьиял ТІухьдуздасан мисалал рачун бихьизабулеб букІана ГІиса хІакъикъаталдаги МасихІ вугилан.