Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Амма цо-цо гІадамал чанкІкІун чІун гІенеккулел рукІинчІелъул, халкъалда цебе ГІисал Нух гьез какулеб букІиндал, жиндирго муридалги рачун, гьезда аскІоса нахъе ана Павел. Цинги Тиранн абулев чиясул мадрасаялда гьабулаан гьес щибаб къоялъ вагІза-насихІат. Амма дуда цеве дун мукІурав вуго: гьаз гьересияб бугин абулеб Нухдасан ун гьабула дица тІагІат нижер умумузул Аллагьасе. Гьединго дица иман лъола къануналда бугебщиналдеги Аварагзабазул ТІухьдузда хъварабщиналдеги. Аллагь Нур вугин ва гьесулъ бецІлъи гьезего гьечІин абун МасихІидасан рагІараб хабар гьале нужедаги лъазабулеб буго. Гьел киназдасаго хадув гьев дидаги вихьана, мех щвечІого гьабураб лъимада гІадин. НекІо бецІлъи бачахъизе канлъи бижарав Аллагьас гьеб канлъи нилъер рекІелъеги лъугьинабуна. ГІиса МасихІил гьурмалъ гвангъараб Илагьияб Нур нилъее загьирлъизелъун гьабуна гьес гьедин.
Выбор основного перевода