Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
«ТІолабго Иерусалималъул халкъалда лъалеб буго хІакъикъаталдаги гьез якъинаб мугІжизат бихьизабураблъи. Гьеб гьереси гьабун бажариларо нилъехъа, – ян абулеб букІана гьез. – ГьебсагІат гІодов ккана Шаул. – Шаул! Шаул! Щай дуца дие гьаб гІазаб-гІакъуба кьолеб бугеб? – абун гьаракьги рагІана гьесда. Гьебмехалъго синагогабазде ун гьес ГІисал хІакъалъулъ бицунеб букІана гьев ГІиса Аллагьасул Вас вугилан. Амма Шаулил рагІул къуват цІикІкІунеб букІиналъ ва ГІиса хІакълъунго МасихІ вугилан чІезабулеб букІиналъ тату хвезабуна Дамаскалда ругел жугьутІазул. Гьезул хІакъалъулъ хабар рагІана Иерусалималда бугеб иман лъуразул агьлуялда ва гьез Барнаба Антиохиялде витІана. Гьениве щвараб мехалъ Барнабада бихьана гьеб агьлуялда Аллагьасул баркат лъун букІин ва гьелдаса вохана. Гьес киназдаго гьарана ракІ-ракІалъго ТІадегІанав ГІисаде иман лъун къвакІун чІайилан. Живго гьев Барнабаги вукІана Илагьияб РухІалъулги иманалъулги вугІун цІурав цІакъ лъикІав чи. Гьебмехалъги цІакъго гІемерал гІадамаз ТІадегІанав ГІисаде иман лъуна. Цинги Барнаба ана Шаул валагьизе Тарсалде. Гьенив ватун, Шаулги вачун, Антиохиялде тІадвуссана Барнаба. ТІубараб лъагІел рехана кІиясго гьениб. Гьеб лъагІелалъго иман лъуразул агьлу данделъарал бакІазде ун Барнабацаги Шаулицаги гІемераб халкъалъе вагІза-насихІат гьабуна. Гьениб Антиохиялда тІоцебе байбихьана муридазда христианалилан абизе. Антиохиялда бугеб иман лъуразул агьлуялда гьоркьор рукІана кашпу-карамалъи бугел гІадамал ва насихІатчагІи: Барнаба, Нигер абун тІокІцІар бугев Симеон, Киренаялдаса Лукий, Гьерод ханасда цадахъ гІурав Манаэн ва Шаул. Дун гІодов ккана. «Шаул! Шаул! Щай дуца дие гьаб гІазаб-гІакъуба кьолеб бугеб?» – ан ахІулеб гьаракьги рагІана дида. Гьебмехалъ ниж киналго гІодор ккана. Цинги дида рагІана жугьутІ мацІалда кІалъалеб гьаракь. «Шаул! Шаул! – абун ахІана гьес. – Щай дуца дие гьаб гІазаб-гІакъуба кьолеб бугеб? ГІебутІа зар базе бажариларо духъа». Дун эркенав чи гурищ? Дун МасихІил чапар гурищ? Нилъер ТІадегІанав ГІиса вихьарав чи гурищ? ТІадегІанасде нуж цолъи дир хІаракатчилъиялъул хІасил гурищ? Гьел киназдасаго хадув гьев дидаги вихьана, мех щвечІого гьабураб лъимада гІадин.
Выбор основного перевода