Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Нахъисеб къоялъ цо-цо жугьутІаз гьедун къотІи гьабуна Павел чІвазегІан жал я кваналарин, я гьекъеларин. Гьедин Павелида дандечІаразул вукІана кІикъогоялдаса цІикІкІарав чи. ЧІахІиял кашишзабазда ва чІухІби-хІакимзабазда аскІоре ун, гьез абуна: – Павел чІвазегІан я кваналарилан, я гьекъеларилан гьедун руго ниж. Нужецаги нужер судалъги азарилбетІерасда лъазабе гьеб ишалъул мухІканаб цІех-рех гьабизе бокьун бугин, Павел нужехъе вачейилан. Цинги гьаниве вачунаго нухда чІвала нижеца гьев. Гьеб хиянаталъул хабар лъан, Павелил яцалъул вас хъалаялъуве ана ва кинабго Павелида бицана. Гьебмехалъ аскІове ахІун гьес цо нусилбетІерасда абуна гьав гІолохъанчи азарилбетІерасухъе вачейилан, досда бицине цо хабар бугин гьасулилан. Гьев гІолохъанчиги азарилбетІерасухъе щвезавун, гьес досда абуна: – Туснахъалъув вугев Павелица аскІове ахІун гьарана дида гьав гІолохъанчи духъе щвезавейилан, дуда бицине цо хабар бугин гьасулилан. Кверги ккун довегІан вачун, азарилбетІерас гьев гІолохъанчиясда гьикъана дида щиб бицине дуе бокьун бугебилан. Гьес бицана: – ЖугьутІаз къотІи гьабун буго, мухІканаб цІех-рехалъе къваригІун вугиланги абун, метер Павел кІудияб судалде вачине виччайилан дуда гьаризе. Дуца гьезул гьариялъухъ гІин тІамуге. КІикъогоялдаса цІикІкІарав чи къачІан чІун вуго гьев чІвазе гъоркьчІелги гьабун. Гьев чІвачІого я кваналарин, я гьекъеларин гьедун руго гьел. Гьел ралагьун чІун руго дуца Павел судалде витІиялъухъ. Гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги хІухь бахъугейиланги лъазабун, азарилбетІерас нахъе витІана гьев гІолохъанчи. Цинги кІиго нусилбетІерги аскІове ахІун, азарилбетІерас гьезда абуна: – КІинусго рагъухъангун, гьединго лъабкъоялда анцІго рекІаравгун ва хеч кодоб бугев кІинусго аскариявгун цадахъ Къайсарияталде ине къачІай. Нуж къватІире рахъине ккола къаси сагІат ичІго тІубарабго. Павел рекІине чуялги къачІай. Нухда щибго зарал-зиян ккезе течІого, Феликс сардарасухъе щвезаве гьев. Цинги гьес гьадинаб кагъат хъвана: «ХІурмат тІадегІанав сардар Феликсиде салам буго Клавдий Лисийил рахъалдасан. Гьав чи жугьутІаз, ккун вачун, чІвазехъин вукІана. Рималъул гражданин вукІин лъайдал, рагъухъабиги рачун ун, дица гьав хвалдаса хвасар гьавуна. Гьасда бугеб гІайиб-хатІа лъазе гІоло дица гьав гьезул кІудияб судалде вачана. Гьениб дие баянлъана гьасде гьез гІунтІизабулеб тІолабго гІайиб гьезул жидерго къануналда хурхараб букІин, амма я чІвазе, яги туснахъалъув тІамизе гІураб гІайиб гьасда тІад чІечІо. Гьез гьарана, жидее лъикІлъи гьабун, Павел Иерусалималде вачІинавейилан. Гьезул къотІи букІана гьениве вачунаго нухда Павел чІвазе.
Выбор основного перевода