Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Дица Инсуда гьарила ва гьес нужехъе битІила абадул абадиялъ нужедаса батІалъичІого нужер ракІбатизабулеб Гьесул рагІаби къабул гьабурал гІадамал лъадалъ ччун рахъана. Гьеб къоялъ лъабазаргогІанасев чияс цІикІкІана гьезул агьлу. БитІун чІванин гьевилан рикІкІана Шаулица. Гьел къоязда Иерусалималда кутакаб гІакъуба бихьана иман лъуразул агьлуялда. Чапарзаби хутІизегІан цогидал киналго рикьа-риххун Ягьудиялъул ва Самариялъул батІи-батІиял бакІазде лъутана. Чапарзабазухъеги ва тІолабго Ягьудиялда рукІарал диналъул вацазухъеги хабар щвана цогидал халкъазги Аллагьасул рагІи къабул гьабун бугилан. Пётр Иерусалималде тІадвуссараб мехалъ, иман лъурал жугьутІаздасан цо-цо чагІаз гьесие бадибчІвай гьабуна, сунат гьабичІел гІадамазухъе гьоболлъухъ ун, гьезда аскІов гІодов чІун кваназе бегьилаанищилан. Гьебмехалъ Пётрица мухІканго бицана гьезда жиндирго ккарал лъугьа-бахъиназул хІакъалъулъ: – Иоппия шагьаралда цо къоялъ Аллагьасе дугІа гьабулев вукІана дун. Гьебмехалъ цебетІами лъугьана дие. Ункъабго гІинщги ккун цо кІудияб турут гІадинаб жо зодиса гІодобе биччалеб бихьана. БитІахъе дида аскІобе бачІана гьеб. Гьелда тІад рихьана ракьалдасан хьвадулел ункъхІатІилал хІайванал, гьединго гІалхул хІайванал, шурулел жал ва хІанчІи. Цинги цо гьаракьалъ абулеб рагІана дида: «Вахъун гьелги хъве, Пётр, гьезул гьанги кванай», – ян. Дица абуна: «Я, БетІергьан! Дица киданиги гьабиларо гьединаб иш. Хъубаб, хІарамаб квен дица киданиги кІалдибе босичІо», – ян. КІиабизеги зобалаздасан добго гьаракьалъ абуна: «Аллагьас бацІцІад гьабураб жоялда хъубабилан абуге дуца», – ян. Лъабабизеги рагІана дида гьеб гьаракь. Цинги гьеб кинабго зобалазде эхеде цІан ана. Дун рещтІун вукІараб рукъалда цеве лъабго чи чІана гьеб параялъ. Гьел ратана Къайсарияталдаса дида хадур ритІун рачІарал чагІи. Илагьияб РухІалъ дида абуна сунданиги щаклъичІого гьезда цадахъ айилан. Дида цадахъ къватІиве вахъана гьав анлъавго диналъул вацги. Цинги ниж щвана дов чиясул бакІалде. Гьес нижеда бицана жиндир рокъове вачІун малаикас гьадин абунилан: «Дуца Иоппиялде чагІи ритІе Пётр абун тІокІцІар бугев Симонида хадур. Гьес бицина мунги дур хъизан-агьлуги хвасарлъулеб хабар». Дица гьезие хабар бицине байбихьидал, добмехалъ нилъедего гІадин, гьездеги рещтІана Илагьияб РухІ. Гьениб дида ракІалде щвана: «ЯхІя аварагас лъадаца чурарал гІадин, Илагьияб РухІалдалъун чурила нуж», – ан ТІадегІанав ГІисаца добмехалъ абун рукІарал рагІаби. ТІадегІанав МасихІ ГІисаде иман лъурал нилъее гІадинаб сайигъат Аллагьас цогидал халкъазеги кьолеб бугеб мехалъ Аллагьасда дандечІаравани, дун щив чи ккелев вукІарав? Гьеб хабар рагІидал гьел гІодоре риччана. Аллагьасе рецц гьабун гьез абуна гьанже Аллагьас цогидал халкъазеги рес кьун бугин абадияб гІумру насиблъулеб тавбу гьабизе. Стефание зулму гьабураб заманаялда рикьа-риххун рахъ-рахъалде лъутун ун рукІарал муридал Финикиялде, Кипралде ва Антиохиялдецин щвана. ЖугьутІазда гурони гьез Рохалил хабар бицунеб букІинчІониги, гьезда гьоркьор рукІана Кипралдаса ва Киренеялдаса цо-цо гІадамал, Антиохиялде рачІун, гьениб греказдаги ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ жидеца Рохалил хабар бицине лъугьарал. БетІергьанас квербакъи гьабуна гьезие, ва цІакъ гІемерал гІадамаз ТІадегІанав ГІисаде иман лъуна. Гьезул хІакъалъулъ хабар рагІана Иерусалималда бугеб иман лъуразул агьлуялда ва гьез Барнаба Антиохиялде витІана. Гьениве щвараб мехалъ Барнабада бихьана гьеб агьлуялда Аллагьасул баркат лъун букІин ва гьелдаса вохана. Гьес киназдаго гьарана ракІ-ракІалъго ТІадегІанав ГІисаде иман лъун къвакІун чІайилан. Живго гьев Барнабаги вукІана Илагьияб РухІалъулги иманалъулги вугІун цІурав цІакъ лъикІав чи. Гьебмехалъги цІакъго гІемерал гІадамаз ТІадегІанав ГІисаде иман лъуна. Цинги Барнаба ана Шаул валагьизе Тарсалде. Гьенив ватун, Шаулги вачун, Антиохиялде тІадвуссана Барнаба. ТІубараб лъагІел рехана кІиясго гьениб. Гьеб лъагІелалъго иман лъуразул агьлу данделъарал бакІазде ун Барнабацаги Шаулицаги гІемераб халкъалъе вагІза-насихІат гьабуна. Гьениб Антиохиялда тІоцебе байбихьана муридазда христианалилан абизе. Къоялдаса къоялде иман лъуразул агьлуялъул иман щулалъулеб букІана, муъминзаби гІемерлъулел рукІана. МасихІиде цолъиялъ нужелъе къвакІи лъугьинабулеб бугеб батани, гьесул рокьиялъ нужер ракІбатизабулебги бугони, Илагьияб РухІалдалъун нуж цолъунги ратани, нужер курмузулъ цоцаздехун гурхІел-рахІмуги бижун батани, дун гьелдаса цІакъ вохилаан. Гьединлъидал дие бокьилаан нужер цого къасдги, цого рокьиги, цого рухІги букІине, нужеца цого пикрабиги гьаризе. Аллагьасе рецц гьабилин гьаргьадулареб ПарччахІлъи нилъее щвезе бугелъул. Гьев разияб нухдасан хьвадун, намусадго ва хІинкъадго хъулухъ гьабилин нилъер Аллагьасе.
Выбор основного перевода