Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
– Дун вуго Киликиялъул Тарсалда гьавурав, гьаб шагьаралда цІаларав жугьутІав. Гамалиэлида цеве цІалун, цІакъ мухІканго лъазаруна дица нилъер умумузул къанунал. Дунги вукІана, жакъа нужго гІадин, Аллагь рази гьавизе хІаракат бахъулев чи. Гьаб Нухде лъугьаразе чІваялде гІунтІунги гІазаб кьуна дицаги, бихьиналги руччабиги, ккун рачун, рахсаца рухьинаруна, туснахъалъур тІамизаруна. Гьелъие нугІлъи гьабила чІахІиял кашишзабазги киналго чІухІби-хІакимзабазги. Гьезул кагъатги босун унев вукІана дун Дамаскалда ругел иман лъуразухъе, рухь-рухьун гьел Иерусалималде рачине ва гьаниб гьезие тамихІ гьабизе бокьун. Гьедин нухда унаго, Дамаскалде щолев вукІараб къоялъул къалъул гІужалда, тохлъукьего зобалаздасан рещтІараб нуралъ кутакалда къалъ-къалъизабуна сверухълъи. Дун гІодов ккана. «Шаул! Шаул! Щай дуца дие гьаб гІазаб-гІакъуба кьолеб бугеб?» – ан ахІулеб гьаракьги рагІана дида. «Мун щив, бетІерчІахъад?» – абун гьикъана дица. Гьес дида абуна: «Дун вуго дуца гІазаб-гІакъуба кьолеб бугев Назареталдаса ГІиса». Дида цадахъ рукІараздаги бихьана гьеб нур. Амма дунгун кІалъалев вукІарасул гьаракь гьезда рагІичІо. «Я, бетІерчІахъад! Щибха дица гьабизе кколеб?» – абун гьикъана дица гьебмехалъ. ТІадегІанас дида абуна: «ТІаде вахъун, Дамаскалде а мун. Гьениб бицина дуда дуца гьабизе кколебщиналъул хІакъалъулъ». Гьеб нуралъул гвангъиялъ дир бадиса канлъи босана. Цадахъ рукІараз, квер ккун вачун, Дамаскалде щвезавуна. Гьенир ругел жугьутІазда гьоркьоб къадру-къиматги бугев, къануналъеги мутІигІав цо Анания абулев чи вачІана дида аскІове. Гьес абуна: «Я, дир вац Шаул! Валагье!» – ян. Гьеб лахІзаталда гьесухъ валагьидал, дир беразда канлъи бихьана. Цинги гьес дида бицана: «Нилъер умумузул Аллагьас мун тІаса вищун вуго жиндирго амруги дуда лъазе, Аллагьасул вацІцІадав вакилги вихьизе, гьесул каламги рагІизе. Дуда бихьаралъулги рагІаралъулги бицун, киналго халкъазда гьоркьов Гьесул нугІлъун вукІине ккола мун. Гьанже сундухъ балагьун мун чІун вугев? Лъадалъ ччун вахъизавун, гьесул цІар рехсон, дурго мунагьал чуризаре». Иерусалималде тІадвуссун Мукъадасаб Рокъов какда вукІагоги цебетІами лъугьана дие. Дида ГІиса вихьана, ва гьес дида абуна: «ЛахІзаталъ чІечІого мун Иерусалималдаса нахъе а. Гьанир божизе гьечІо дир хІакъалъулъ дуца бицаралда». Дица абуна: «Я, ТІадегІанав ГІиса! Гьазда лъала дуде иман лъурал гІадамал дица, ккун рачун, туснахъалъур тІамулел рукІараблъи ва синагогабазда гьел рухулел рукІараблъиги. Дуе нугІлъи гьабурав Стефанил би гІодобе тІолеб мехалъ дунги вукІана гьенив. Дица гьеб лъикІаб ишлъун рикІкІана, гьев чІвалел рукІарал гІадамазул гІабабиги дихъе кьун рукІана цІунизе». ГІисаца дида абуна: «Дица мун гьаниса рикІкІаде цогидал халкъазул гІадамазухъе витІулев вуго. Гьезухъе а мун». Дидаги ракІалде кколаан Назареталдаса ГІисада дандечІун гІемераб жо гьабизе кколилан. Дица гьедин гьабизеги гьабуна Иерусалималда, чІахІиял кашишзабаз ихтиярги кьун, иман лъуразул гІемерал гІадамал туснахъалъуре рехана дица. Гьел чІвалеб мехалъги, разияв вугилан квер борхана дица. Киналго синагогабазухъе ун, чанги тамихІ гьабуна дица гьезие, гьеб дин какизе тІамуна ва гьездехун букІараб ццидал кутакалъ дун тІамуна, цогидал шагьаразде унги, гьезие гІазаб-гІакъуба кьезе. Гьеле гьедин чІахІиял кашишзабаз ихтиярги кьун, гьезул вакиллъун Дамаскалде унев вукІана дун. Бакъул канлъиялдаса гІемерго гвангъараб нур рещтІана, хан, къалъул гІужалда зобалаздасан дидеги дида цадахъ рукІараздеги. Гьебмехалъ ниж киналго гІодор ккана. Цинги дида рагІана жугьутІ мацІалда кІалъалеб гьаракь. «Шаул! Шаул! – абун ахІана гьес. – Щай дуца дие гьаб гІазаб-гІакъуба кьолеб бугеб? ГІебутІа зар базе бажариларо духъа». «Мун щив, бетІерчІахъад?» – абун гьикъана дица. «Дун вуго дуца гІазаб-гІакъуба кьолеб бугев ГІиса, – ян абуна ТІадегІанас. – ТІаде вахъун, вахъун чІа гьанже! Дун духъе рещтІана, мун дие хъулухъ гьабизе тІамизе, дуда бихьарабги дуда дица бихьизабизе бугебги бицине тІамизе. Дица мун дурго халкъалдаса хвасар гьавила ва мун дица жидехъе витІизе вугел цогидал халкъаздасаги хвасар гьавила. Дуца гьезул беразда канлъи бихьизабила, бецІлъиялдаса канлъуде рачина, илбисалъул къуваталдаса рорчІун Аллагьасде руссинарила ва, мунагьал чурун, гьезиеги, дида божиялъ жал рацІцІалъарал чагІазего гІадин, бутІа насиблъизе бугиланги лъазабила». Гьединлъидал, Агриппа хан, зобалаздасан илгьам лъугьун дие гьабураб амру тІубазабичІого чІечІо дун. Цин Дамаскалда ругезда, цинги Иерусалималда ругезда ва тІолабго Ягьудиялъул улкаялда, гьединго цогидал халкъазул гІадамаздаги лъазабуна дица кантІун Аллагьасде руссаян ва нужер тавбу биххиларедухъ хьвадеян. Шаулицайин абуни иман лъуразул агьлу щущазабулеб букІана: рокъо-рокъове ун бихьиналги руччабиги, рехъерхъун рачун, туснахъалъур тІамулел рукІана.
Выбор основного перевода