Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІадамал къватІире ритІидал, гьей ясалда аскІовеги ун, ГІисаца гьелъул квер ккуна, – яс тІаде яхъун ячІана. Гьел гьасда тІад релъанхъизе лъугьуна. ГІисаца киналго къватІире гъола. Ясалъул эбел-эменги ва жиндаго цадахъ рукІаралги рачун, гьев лъугьуна яс егун йигеб рокъове. Ясалъул кверги ккун, ГІисаца гьелда абула: – ТІелитаъ, кІум! (Гьелъул магІна букІана – «Дуда буго абулеб: ТІаде яхъа, ясай!») ГьебсагІат тІадеги яхъун хьвадизе лъугьана гьей яс. (Гьелъул букІана анцІила кІиго сон.) ГІемерго гІажаиблъун-хІикмалъун, битІахъе хаган хутІана гІадамал. Цинги, кІиябго накуги гІодоб чІван, гьес ахІана: – Я, БетІергьан! Гьазие мунагьлъун хъваге гьаб иш! – абун. Гьебмехалъ Стефанил рухІ босун ана.
Выбор основного перевода