Гьенив ватун, Шаулги вачун, Антиохиялде тІадвуссана Барнаба. ТІубараб лъагІел рехана кІиясго гьениб. Гьеб лъагІелалъго иман лъуразул агьлу данделъарал бакІазде ун Барнабацаги Шаулицаги гІемераб халкъалъе вагІза-насихІат гьабуна. Гьениб Антиохиялда тІоцебе байбихьана муридазда христианалилан абизе.