Самариялъул гІадамаз Аллагьасул рагІи къабул гьабун бугилан рагІидал, Иерусалималда рукІарал чапарзабаз Пётрги Иоаннги ритІана гьезухъе.
Ананияца абуна: – Я, ТІадегІанав ГІиса! Чанги чияс бицунеб рагІана дида гьев чиясул хІакъалъулъги, дуде иман лъуразе Иерусалималда кигІан гІемераб квешлъи гьес гьабурабалиги.