Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ТІадегІанасе тІагІаталъе данделъун ругеб мехалъ, Илагьияб РухІалъ гьезда абуна: «Барнабаги Шаулги дица цо ишалъе ахІулел руго. Нужеца гьел дихъе кьезе ккела», – ян. Амма Павелицаги Барнабацаги хІинкъичІого абуна гьезда: – Нужедайин бищунго цебе лъазабизе кколеб букІараб Аллагьасул рагІи. Амма нужеца гьеб нахъе тункулеб бугелъул ва абадияб гІумру насиблъизе мустахІикъал гьечІеллъун нужецаго нужго рикІкІунелги ругелъул, гьале ниж цогидал халкъазде руссун руго! Гьебмехалъ изну кьедал, болъодул хІокІида чІун, кверги борхун, халкъалдехун вуссана Павел. Киналго гІадамал сихІкъотІун чІараб мехалъ, жугьутІ мацІалда кІалъазе байбихьана гьес. Гьев чиясухъ гІенеккизе диеги бокьилаанилан абуна Агриппаца Фестида. Фестица абуна метер рагІилин дуда гьес щиб бицунаяли. Нахъисеб къоялъ чІухІараб къагІидаялъ къачІа-кІатІан Агриппаги, Береникаги, азарилбутІрулги ва шагьаралъул чІухІби-хІакимзабиги цадахъ рачун, суд гьабулеб рокъове лъугьун гІодов чІедал, Фестица амру гьабуна Павел вачун рачІайилан. – Гьанже бицеха дурго, – ян абуна Агриппаца Павелида. Кверги борхун, Павелица байбихьана жиндаго гІайиб гьечІолъи чІезабизе: Гьесдалъун щвана дие баркат ва гьесие гІоло киналго халкъазул гІадамал божи-иманалдалъун Аллагьасе мутІигІлъейилан ахІизе чапарлъи. Амма эбелалъул ургьивго дун тІаса вищарас ва жиндир баркаталдалъун жиндие хъулухъ гьабизе дун ахІарас дие загьир гьавуна жиндирго Вас, гьесул хІакъалъулъ Рохалил хабар дица цогидал халкъазе бицинелъун. Гьебмехалда дица цониги инсанасулгун гІакълу дандбачІо. Гьелъул гІаксалда, гьезда бихьана, жугьутІазда Рохалил хабар лъазабизе Пётрие изну кьун букІарабго гІадин, цогидал халкъазда гьеб лъазабизе Аллагьас диеги изну кьун букІин. ЖугьутІазда Рохалил хабар бицунеб мехалда Пётрилъ букІараб РухІ дилъги букІиндалха цогидал халкъазда Рохалил хабар бицунеб букІараб мехалда. Аллагьасул къудраталдалъун дие баркат щун, дун лъугьана гьеб Рохалил хабар тІибитІизабизе. Иман лъуразул тІолабго агьлуялда гьоркьоса бищунго пакъирав дида баркат лъуна инсанасул гІакълу-лъай хадуб гІунтІулареб МасихІил хазинаялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар цогидал халкъазул гІадамаздаги бицине ТІоцебе дие суд гьабулеб букІараб мехалда, кумекалъе щивниги вачІинчІо, киназго дун рехун тун вуго. Гьезул гІайиблъун рикІкІунгеги гьеб! Амма ТІадегІанав ГІиса дида цадахъ вукІана. Гьес дие къуват кьуна цогидал халкъаздаги Рохалил хабар тІубанго лъазабизе. ГъалбацІалъул гажаздаса хвасар гьавуна гьес дун.
Выбор основного перевода