Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Амма кинаб шагьаралде дун щваниги, Илагьияб РухІалдасан илгьам лъугьунеб буго Иерусалималда дида рахсал разе ругилан, дие гІазаб-гІакъуба букІине бугилан. Нижехъе вачІун Павелил рачелги босун, жиндирго бохдулги квералги рухьана гьес. Цинги абуна: – Илагьияб РухІалъ абулеб буго гьаб рачелалъул бетІергьан Иерусалималъул жугьутІаз гьадин вухь-вухьун рехилин ва гьев мажусиязул квердеги кьелин абун. Гьениб дие баянлъана гьасде гьез гІунтІизабулеб тІолабго гІайиб гьезул жидерго къануналда хурхараб букІин, амма я чІвазе, яги туснахъалъув тІамизе гІураб гІайиб гьасда тІад чІечІо. МасихІие хъулухъищ гьез гьабулеб бугеб? БетІер сверарав чияс гІадин абила дица: гьез гьабуралдаса цІикІкІун гьабуна дица гьеб. ЦІикІкІун хІалтІизеги хІалтІана, туснахъаздеги цІикІкІун ккана, чан нухалъ дун вухаравалиги рикІкІун хІал кІвеларо, хвалил бадивеги чанцІулго валагьизе ккана. ЖугьутІаздасан дие щуцІулниги насиблъана лъебералда ичІ-ичІ нухалъ гьодилъ цІал кьаби. Румазги дун лъабцІулниги тІилица вухана, цо нухалъ ганчІица чІвалевги вукІана. Ралъад гьалаглъараб мехалъ гамидаги вукІана лъабго нухалъниги. ТІубараб сордо-къоялъ ралъдадаги хутІана. ГІемерал сапараздаги вукІана дун. ГІорал-лъараздасан хІинкъи, хъачагъаздасан хІинкъи, дирго халкъалдасан хІинкъи, цогидал халкъаздасан хІинкъи, шагьаразда букІунеб хІинкъи, гІадан-чи гьечІел бакІаздаги хІинкъи, ралъдадаги хІинкъи, гьересиго вацаздасанги хІинкъи... ЗахІматаб хІалтІи, макьу гьечІел гІемерал сардал, ракъи-къеч, гІемераб заманаялъ ккураб кІал, квач ва хохораб ретІел... ТІаде жоялъеги щибаб къоялъ дида тІаде бегун буго иман лъуразул тІолалго жамагІатазул тІалаб-агъазги.
Выбор основного перевода