Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Амма нужеда лъан букІа: ГІадамил Лъимадул ихтияр буго гьаб ракьалда гІадамазул мунагьал тІасалъугьун тезе. Цинги гьес унтарасда абуна: – ТІаде вахъа. Дурго турутги босун, рокъове а, – ян. Пётрица абуна: – ГІарацги меседги дир гьечІо, амма дихъ бугебаб кьела дуе. Назареталдаса МасихІ ГІисал цІаралдалъун абулеб буго дица дуда: вилълъанхъе мун! Гьеле гьев ГІисал цІаралде иман лъедал, гьеб ГІисал цІаралъ сахлъизавуна гьав нужеда киназдаго вихьулев ва лъалев чи. ГІисаде иман лъедалин, киналго нужги ралагьун, гьев сахлъарав. нужеда киназдаго ва Исраилил тІолабго халкъалдаги лъан букІа: нужеца хъанчида ван хвезавурав, хваралъуса Аллагьас вахъинавурав Назареталдаса МасихІ ГІисал цІаралдалъун сахлъун нужеда цеве вахъун чІун вуго гьев чи.
Выбор основного перевода