Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Дица нужеда абулеб буго: гьединго зобалаздаги Аллагьасде вуссарав цо мунапикъ сабаблъун рохел цІикІкІун букІуна тавбу гьабизе кколарев ункъоялда анцІила ичІго муъминчи сабаблъуналдаса. Магъало бакІарулев чийин абуни дова нахъегІан чІун вукІун вуго, берал зодихъе руссинаризецин намуслъун. Амма, керенги бухулаго, абулеб букІун буго гьес: «Я, дир Аллагь! Мунагьазул цІурав дида гурхІа!» – абун. Павелица абуна: – Дун вуго Киликиялъул Тарсалдаса жугьутІав, гьеб машгьураб шагьаралъул гражданин. Гьаб халкъалдехун хитІаб гьабун, цо кІалъазе изну кьейилан гьарулеб буго дица дуда. – Дун вуго Киликиялъул Тарсалда гьавурав, гьаб шагьаралда цІаларав жугьутІав. Гамалиэлида цеве цІалун, цІакъ мухІканго лъазаруна дица нилъер умумузул къанунал. Дунги вукІана, жакъа нужго гІадин, Аллагь рази гьавизе хІаракат бахъулев чи.
Выбор основного перевода