Гьеб заманаялда муридазул къадар цІикІкІанагІан, грек мацІалда кІалъалел жугьутІаз ягьудиязда тІасан гІарз бахъизе байбихьана щибаб къоялъ напакъа бикьулаго жидер къоролруччаби къварид гьарулел ругилан.
Пётрица гьел жанире рачана ва сордо бан гьенир чІезаруна. Нахъисеб къоялъ вахъун гьезда цадахъ ана Пётр. Иоппиялдаса цо чанго диналъул вацги къватІиве вахъана гьезда цадахъ.