Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Цо фарисеяс гьоболлъухъ ахІун, гьенив кваналев вукІана ГІиса. Гьале гьеб шагьаралдаса цо мунагьал гІемерай гІадан, ГІиса гьев фарисеясул бакІалда вукІинги лъан, махІгьуинаб нахул цІун щагІил сурахІигун, ячІана. Гьесда нахъехунги чІун, гІодулаго магІица гьесул хІатІал риччизаруна гьелъ, жиндирго ботІрол расуца рацІцІана гьел, убачал гьарулаго доб махІгьуинаб нахги бахана гьесул хІатІазда.
Выбор основного перевода