Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
– Гьале нилъ Иерусалималде унел руго. Гьенив ГІадамил Лъимер чІахІиял кашишзабаздаги диниял гІалимзабаздаги кодове кьела, гьезги чІвазе къотІила. Цинги инжит-хІакъир гьавизе, цІалаца вухизе ва хъанчида вазе цогидаб халкъалъул гІадамазда кодове кьела гьев. Ва хун лъабабилеб къоялъ чІаголъила. Гьебмехалъ Пилатица Барабба гьезухъе виччана. ГІиса цІалаца вухеян ва хъанчида ваян амру гьабуна. Халкъ рази гьабизе бокьун, Пилатица Барабба къватІиве виччана. ГІиса цІалаца вухеян ва хъанчида ваян амру гьабуна. ГІадамил Лъимералъе къадар бугин гьев мунапикъзабазул кверде кьезе, хъанчида ван хвезавизе ва хун лъабабилеб къоялъ чІаголъизеги. Цинги нилъер чІахІиял кашишзабазги чІухІби-хІакимзабазги гьесие чІвазе къотІизе хІукму гьабизабуна, ва гьев хъанчида вазе витІана. ЖугьутІазул Пасха тІаде щолеб букІана. Дуниял тун жиндирго Инсухъе ине заман гІагарлъулеб букІин лъалеб букІана ГІисада. Гьаб дуниялалда жинда божарал муридал рокьулаан гьесие. Гьале гьезде бугеб жиндирго рокьи тІубанго бихьизабула гьес. Ахирги Пилатица ГІиса хъанчида вазе гьезухъе кьуна. Гьевги вачун рагъухъабиги ана.
Выбор основного перевода