Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Амма дида цадахъ гьаб кванде квер бегьана дие хилиплъизе вугев чиясги. Гьес гьезда абуна: – Аварагзабаз цебеккунго киналъулго хІакъалъулъ бицун бугониги, гьелда божизе гІураб гІакълуги гьечІел ракІалги хІинцал гІадамал руго нуж! Дица нужер киназулго хІакъалъулъ гуро абулеб бугеб. Дида лъала дица щал тІаса рищаралали. Амма ТІехьалда бугеб гьадинаб калимаги ритІухълъизе биччанте: «Дида цадахъ чед кварас квер борхана дида данде». ГІисаца жаваб кьуна: – СуркІиниб ччун дица чадил кесек кодобе кьурав чи вуго гьев. Босун, суркІинибги ччун, чадил кесек гьес кьуна Симонил вас Ягьуда Искариотихъе. Цогидал бакІаздаго гІадин, синагогаялъуве ун, Павелица лъабго шамат къоялъ тІатІала жугьутІазулгун гара-чІвари гьабуна Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул хІакъалъулъ. Гьес гьезда бичІчІизабуна ва бихьизабуна МасихІ хвезе кколев вукІаравлъиги хваралъуса вахъине кколев вукІаравлъиги. Гьес абуна: – МасихІ ккола дица нужее жиндир хІакъалъулъ бицунеб бугев ГІиса. Сундасаго цебе дица нужеда бицана дицаги къабул гьабураб хабар: Хириял ТІухьдузда хъван букІараб ритІухълъизе, МасихІ хвана нилъер мунагьазе гІоло.
Выбор основного перевода