Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьеб хабар бицун лъугІараб мехалъ, жиндирго муридазда ГІисаца абуна: – Нужеда лъалаха кІиго къоялдасан Пасхаялъул байрам букІине бугеблъи. Гьеб къоялъ ГІадамил Лъимадуе хилиплъизе руго ва гьев хъанчида вазе вуго. Кайафа абун жинда цІар бугев бищунго кІудияв кашишасул кІалгІаялъуре данделъун рукІана гьебмехалъ чІахІиял кашишзабиги халкъалъул чІухІби-хІакимзабиги. Гьез хІукму гьабуна, хІилла-рекІкІалдалъун кквезеги ккун, ГІиса чІвазавизе кколилан. Амма байрамалъул къоялъ бегьиларин, халкъалъул дандечІей багъаризе бегьулилан абулеб букІана гьез.
Выбор основного перевода