ГІадамил Лъимадул иш ккезе буго ТІухьдузда хъван бугеб куцалда. Амма квешаб балагь рещтІине бугебха ГІадамил Лъимер тушбабазул кверде кьурав чиясде. Дуниялалда вижичІевани лъикІан гьесие.
Гьес гьезда абуна: – Аварагзабаз цебеккунго киналъулго хІакъалъулъ бицун бугониги, гьелда божизе гІураб гІакълуги гьечІел ракІалги хІинцал гІадамал руго нуж!
ГІисаца гьезда абуна: – Мусал къануналдаги цогидал аварагзабазул тІухьдуздагун Туркабазул Хирияб ТІехьалдаги дир хІакъалъулъ хъван бугебщинаб ритІухълъана. Гьедин ккезе бугилан бицун букІана нужеда цадахъ вугеб мехалъ дица.
Гьес абуна: – ХІасил, Илагьияб ТІехьалда хъван буго – МасихІица гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугилан, хун лъабабилеб къоялъ гьев чІаголъизе вугилан ва Иерусалималдасан байбихьун киналго халкъазда, мунагьал чурулев Аллагьасде руссайилан, гьесул вакилзабилъун лъугьун, лъазабизеги бугилан.