Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьебмехалъ ягьудияз ГІисада речІчІизе нахъеги ганчІал кодоре росана. ГІисаца гьезда абуна: – Дир Инсул амруялдалъун гІемерал лъикІал ишал гьаруна дица нужеда цере. Гьел ишазул кинабаб сабаблъунха нужеца дида ганчІал речІчІизехъин ругел? Ягьудияз гьесие жаваб кьуна: – Дуца гьабураб лъикІлъиялъухъ гуро нижеца дуда ганчІал речІчІизехъин ругел. Аллагьасде дандечІарал гІасиял-пасикъал рагІабазухъ речІчІулел руго. Инсан вугониги, дуцаго мунго Аллагьлъун рикІкІунев вуго. ГІисаца гьезда абуна: – Нужер къануналда хъван гьечІищ гьадинаб калима: «Дица абуна нуж аллагьзаби ругилан». ТІухьдузда хъван бугеб хисизабизе бегьуларо. Бичасул калам рещтІаразда БетІергьанасцин аллагьзабийилан абун буго. ВацІцІадав илчилъун гьавун, гьес дуниялалде витІарав Дун Аллагьасул Вас вугилан абурал дир рагІаби Аллагьасда дандечІарал ругин абизе кин нужеда кІолеб? ТІухьдузда хъван бугеб хисизабизе бегьуларо. Бичасул калам рещтІаразда БетІергьанасцин аллагьзабийилан абун буго. ВацІцІадав илчилъун гьавун, гьес дуниялалде витІарав Дун Аллагьасул Вас вугилан абурал дир рагІаби Аллагьасда дандечІарал ругин абизе кин нужеда кІолеб? Гьелъул хабар рагІидал кІиявго чапар – Барнабаги Павелги, – тІад бугеб ретІелги тІутІун бан, гьеб халкъалда аскІоре рекерун, ахІдезе лъугьана:
Выбор основного перевода