Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Жиндирго Инсул къудраталдалъун, ГІадамил Лъимер дуниялалде вачІине вуго жиндирго малаикзабигун цадахъ. Щивасул амру-ишалда рекъон кьела Гьес гьебмехалъ. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: ГІадамил Лъимер ПарччахІлъун вачІун вихьичІого жидеца хвалил лълъар гьекъезе гьечІел гІадамалги ругелха гьанир эхетаразда гьоркьор. Ва гьебмехалда зодиб лъугьина ГІадамил Лъимадул гІаламат. Ва дуниялалъул киналго халкъал гІодила, гьезда вихьила накІкІазда гьоркьосан бергьараб къудраталда ва кІодолъиялда ГІадамил Лъимер вачІунев. Илагьияб РухІалъ цІурав Стефаница берал зобалазде руссинаруна. Гьесда бихьана Аллагьасул нурги ва гьесул кваранаб рахъалда чІун ГІисаги. Гьес абуна: – Гьале дида зобал ричІун рихьулел руго ва гьенив Аллагьасул кваранаб рахъалда чІун ГІадамил Лъимерги вихьулев вуго! – ян. Гьале, накІкІаздаги рекІун, вачІунев вуго гьев. Киназдаго вихьила гьев, гьесда хеч къазабураздагицин вихьила. Дуниялалъул киналго халкъал гьесухъ гІодила. Гьедин букІина. Амин.
Выбор основного перевода