Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІисаца гьелъул васазда абуна: – Нужедаго лъалеб гьечІо нужеца гьарулеб бугеб жо. КІвеладай нужеда дица гьекъезе ккараб лълъар гьекъезе? КІвелилан жаваб кьуна гьез. Диего бокьараб гьабизе гурелъул дун зобалаздасан вачІун вугев, дун витІарав Аллагьасул амру тІубазабизелъидал. Гьанже дир ракІ къварид буго. Амма дица щибилан абилеб? Я, дир Эмен, рухІ бахъулеб сагІаталдаса хвасар гьавейиланищ? Гьелъие гІололъидал дун гьаниве щун вугев. Я, дир Эмен, дурго цІар машгьурлъизе гьабе! гьес живго гІодовегІанлъизавуна хвалиде гІунтІунгицин. Хъанчида вараб хвел босизеги мутІигІлъана гьев. Гьаб ракьалда гІумру гьабун вукІараб мехалда, ГІисаца дугІаби гьаруна ва гьев гІек-гІекун гІодана жив хвалдаса хвасар гьавизе кІолев Аллагьасда цеве чІун. Аллагьасе мутІигІав вукІиндал, гьесул дугІа къабул гьабуна. Аллагьасул Вас вукІаниги, гІазаб-гІакъуба хІехьон, мутІигІлъизе ругьунлъана гьев.
Выбор основного перевода