Гьебмехалъ ГІисаца гьезда абула: – Дида аскІоб яхІ рехараб жо гьабизе буго къаси нужеца кинацаго. ТІехьалда хъван бугелъул: «Дица вехь чІвала, гІиял рехъенги рахъ-рахъалде тІурун ина».
ТІухьдузда хъвавухъе лъугьинарогури гьебмехалъ.
Гьале тІаде щолеб буго, дунги вукІаралъув тун, нуж рахъ-рахъалде тІурун унеб заман. ТІаде щунго буго гьеб! Амма дун дунго цохІо хутІизе гьечІо, дида цадахъ дир Эмен вугелъул.