Пётр абун тІокІцІар бугев Симоница жаваб кьуна: – Мун вуго хІакъав Аллагьасул Вас МасихІ!
Гьесдехун вуссун ГІисаца абуна: – Гьардарав гурищ мун, Юнусил вас Симон. Инсанас гуро мун гьелде кантІизавурав, зобалазда вугев дир Инсуца кантІизавуна.
– МасихІил хІакъалъулъ щиб пикру нужер бугеб? Лъил вас гьев? Давудил василан жаваб кьуна гьез.
Амма чІахІиял кашишзабазги чІухІби-хІакимзабазги жинде гІайиб гІунтІизабулеб мехалъ, ГІисаца жаваб кьечІо.
Цо рагІи абунцин ГІисаца жаваб кьечІелъул, сардар цІакъ гІажаиблъун-хІикмалъун хутІана.
Гьеродица гІемерал суалал кьуна ГІисае, амма гьес цонигиялъе жавабцин кьечІо.
Гьебмехалъ Пилат кІалгІаялда жаниве лъугьана. ГІисаги вачун вачІана гьениве. – Мунищха кколев жугьутІазул парччахІ? – абун гьикъана гьесда Пилатица.
ГІисаги вачун, кІалгІаялъуве лъугьун, гьикъана гьесда: – Мун киса? – ян. ГІисаца жаваб кьечІо.