Гьале ГІисаца жиндирго вагІза лъугІизабуна. Халкъ гІажаиблъун хутІана, гьес вагІза гьабулеб куц бихьун.
АнцІила кІиявго муридасе насихІат гьабун лъугІараб мехалъ, ГІиса гьеб рахъалъул шагьаразде ана халкъалда дарс малъизеги вагІза гьабизеги.
Гьел мисалал рачун лъугІараб мехалъ, ГІиса гьениса нахъе ана.
Гьанже гьеб хабар бицун бахъиндал, Галилеялдаса нахъе ана ГІиса ва Иордан гІор бахун доб рахъалда ругел Ягьудиялъул бакІазде щвана.