Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
КъватІире рахъун фарисеял данделъула ГІиса тІагІинавизе тадбиралъе ургъизе. Гьебги лъан, ГІиса гьениса нахъе уна. Дур лагълъун кколев нижер кІудияв эмен Давудил кІалдиб лъун дуца Илагьияб РухІалдалъун абун букІана: «Халкъал щай ццидахун ругел, Къавмаз щай гІантал жал гьарулел ругел? РачІун цолъана ракьалда ругел парччахІзабиги ЧІухІби-хІакимзабиги БетІергьанасда дандечІезе, Гьесул МасихІида дандечІезе». ХІакъикъаталдаги Гьеродги, Понтий Пилатги, мажусиялги, Исраилил халкъги гьаб шагьаралда цолъана дур МасихІлъун кколев илагьияв вакил ГІисада дандечІезе. Цолъана цебеккунго дур къудраталъ ва дур къадаралъ бихьизабун букІараб хІукму тІубазабизе.
Выбор основного перевода