Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Азбаралъув гІодов чІун вукІарав Пётрида аскІое ячІун, цо гъаравашалъ абуна: – Мунги вукІанагури Галилеялдаса ГІисада цадахъ. Киназдаго цебе нагІадала ккун, Пётрица абуна дуца бицунеб жо щибилан. Пётр кавудухъехун унаго, гьений йикІарай цоги гъаравашалда вихьана гьев. Гьенир аскІор ругезда гьелъги абуна гьав чи Назареталдаса ГІисада цадахъ вукІанилан. Гьев чи жинда лъаларилан гьедун нагІадала ккуна Пётрица гьанжеги. ГІемер мехго балелде гьенир рукІарал гІадамаз, аскІоре рачІун, Пётрида абуна: «Гьайгьай, мунги дозул чи вуго. МацІалъухъ балагьун лъалеб буго мун ватІа вахъизе». Гьебмехалъ Аллагьасул цІар бахъун гьедаризе лъугьана гьев чи жинда лъаларилан. ГьебсагІат рагІана гІегІедулеб хІелкил гьаракь. Пётрида ракІалде щвана радакье хІелеко бахъиналде, лъабцІулго инкар гьабилин дуца дидасайилан ГІисаца жиндаго абун рукІарал рагІаби. КъватІиве ун гІек-гІекиялда гІодана Пётр. Азбаралъув гъоркьа вукІарав Пётрида аскІое ячІана бищунго кІудияв кашишасул цо гъараваш. ЦІадухъ гІодов чІарав гьесухъги ялагьун, гьелъ абуна: – Мунги вукІанагури Назареталдаса ГІисада цадахъ. НагІадала ккун инкар гьабуна Пётрица. Дуца бицунеб жо щибилан, гьеб жинда бичІчІуларилан чІана гьев. Цинги Пётрица къватІибехун нух босана. Гьебмехалъ бахъана хІелеко гІегІедулеб гьаракь. Нахъеги гьев вихьун, гъаравашалъ гьенир рукІаразда бицана гьавги дозул чи вугилан. Гьанжеги нагІадала ккуна Пётрица. Цо заманаялдасан нахъеги тІаделъана гьесде дол гІадамал хІакъикъаталдаги мун дозул чи вугин, мунги Галилеялдаса вукІине кколин. Амма Пётр Аллагьасул цІар бахъун гьедаризе лъугьана гьев нужеца бицунев чи жинда лъаларилан. Гьебмехалъ кІиабизеги гІегІедана хІелеко. Пётрида ракІалде щвана ГІисаца жинда абун рукІарал рагІаби: радакье бахъун хІелеко кІицІул гІегІедилалде лъабцІулго инкар гьабилин дуца дидасайилан. ГІек-гІекиялда гІодана гьебмехалъ Пётр. ЦІадухъ гьев вихьидал, гьесухъ ялагьунги чІун, цо гъаравашалъ абуна гьавги досда цадахъ вукІанилан. Пётрица, нагІадала ккун, абуна: – Дида лъаларо, яц, гьев. Гьелдаса гІемер мех иналдего, цоги чиясги абуна, гьев вихьидал, мунги дозул чи вугилан. Пётрица абуна: – Гуро, гьудул. СагІатгІан заман индал, цоги чияс цІакъ ракІчІун абуна: – Гьав хІакъикъаталдаги досда цадахъ вукІарав чи вуго, Галилеялдасалъидалха гьавги, – ян. Амма Пётрица абуна: – Дуца бицунеб жо щиб, гьудул? ГьебсагІат хІелеко гІегІедизе лъугьана. Гьебмехалъ гьесдехун вуссун Пётрихъ валагьана ТІадегІанав ГІиса, ва Пётрида ракІалде щвана хІелеко бахъиналде лъабцІул дуца жиндаса инкар гьабилилан ТІадегІанав ГІисаца жиндаго абун рукІарал рагІаби. КъватІиве ун гІек-гІекиялда гІодана Пётр. ГІисаца абуна: – Дие гІоло рухІ кьезе хІадурав чийищха мун? ХІакълъун абулеб буго дица дуда: хІелеко бахъиналде лъабцІул инкар гьабила дуца дидаса. Симон Пётр хинлъизе цІадухъ вахъун чІун вукІана. – Мунги досул муридищ? – ан гьикъана цояс. Гурилан нагІадала ккуна гьес. КІудияв кашишасул цо рагьтІателас (гьев вукІана Пётрица гІин къотІарасул гІагарав чи) Пётрида гьикъана: – Дова ахикь гьадасда цадахъ дида вихьарав чи гурищ мун? Жив гьенив вукІинчІилан нахъеги нагІадала ккуна Пётрица. Гьеб параялда хІелеко гІегІедана.
Выбор основного перевода