Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьеб хабар рагІидал ГІиса, росодаги рекІун, гІадан-чи гьечІеб бакІалде ана халкъалдаса ватІалъун. Гьев аравлъи лъараб мехалъ шагьараздаса гІадамал ракъдадасан ана гьесда хадур. Ракъдаде лъугьараб мехалъ ГІисада гьениб бихьана гІемераб халкъ. ГІиса гьезда гурхІана ва унтарал сахлъизаруна. Бакъанимех гІагарлъулеб букІана. ГІисада аскІоре рачІун гьесул муридаз абуна: – ГІадан-чиго гьечІеб бакІ бугин гьаб, сордоги тІаде щолеб бугин, нахъе айилан абе гьал гІадамазда, росабалъе ун жидеего квен-тІех босизе. ГІисаца гьезда абуна: – Гьел кирениги ине ккеларо. Нужеца кваназаре гьел. Муридаз абуна жидехъ щуго чедги кІиго ччугІаги гурони гьечІилан. Гьеб жиндихъе босун рачІаян абуна ГІисаца гьезда. Харда тІад гІодор чІаян гьел гІадамаздаги лъазабун, ГІисаца щуябго чедги кІиябго ччугІаги кодобе босана, зобалаздехун вуссун квантІе дугІа гьабуна ва бек-бекун муридазухъе кьуна. Гьезги гІадамазе бикьана. Киналго гІорцІизегІан кванана, нахъе хутІарал кесказулги анцІила кІиго гьегь цІезабуна. Руччабиги лъималги малъичІого, щуазаргогІанасев чи вукІана гьенив. ГІиса ракъдаде лъугьараб мехалъ, гьесда гьениб бихьана гІемераб халкъ, ва гьев гурхІана вехь гьечІеб гІи гІадин ругел гІадамазда; гьезда гІемераб жо малъизе лъугьана гьев. МаркІачІумех щолеб букІиндал, ГІисада аскІоре рачІун гьесул муридаз абуна: – ГІадан-чиго гьечІеб бакІ бугин гьаб, сордоги тІаде щолеб бугин, нахъе айилан абе гьал гІадамазда, гьанир сверухъ ругел росабалъ жидеего квание гІамал гьабизе. ГІисаца гьезда абуна: – Нужеца кваназаре гьел. Гьез абуна: – Гьал гІорцІизаризе чадихъ кІинусго динар кьезейищха ниж инел? ГІисаца гьезда абуна: – Чан чед нужехъ бугебали хал гьабун рачІа, – ян. Хал гьабун рачІун гьез абуна: – Щуго чедги кІиго ччугІаги буго, – ян. Гьебмехалъ ГІисаца гьезда лъазабуна гьел гІадамал гІурччинаб харда тІад, кьера-кьерал гьарун, гІодор чІезареян. Гьелги нус-нусккун ва кІикъоялда анцІ-анцІккун гІодор чІана. ГІисаца щуябго чедги кІиябго ччугІаги кодобе босана, зобалаздехун вуссун кванде дугІа гьабуна ва бек-бекун муридазухъе кьуна, халкъалъе бикьейилан. Цинги кІиябго ччугІаги бикьана киназдаго гьоркьоб. Киналго гІорцІизегІан кванана. Нахъе хутІараб чадилги ччугІилги кесказул анцІила кІиго гьегь цІезабуна. Бихьиназулцин кинавниги щуазарго чи вукІана гьенив кваналев. Амма, гІадамазда лъан, гьелги гьесда хадур ана. Гьес гьел тІаде къабул гьаруна. Гьезие Аллагьасул ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ бицана ва гьесул кумекалде хІажалъарал сахлъизеги гьаруна. Гьале маркІачІумех щолеб букІана. АскІове вачІун анцІила кІиявго чапарас гьесда абуна: – Сордо базеги жидеего квание гІамал гьабизеги гІагардаса гІебеде ругел росабалъе ва кулабазде айилан абе гьал гІадамазда, гІадан-чиго гьечІеб бакІ бугин гьаб. ГІисаца гьезда абуна: – Нужеца кваназаре гьел. Гьез абула: – Щуго чедги кІиго ччугІаги гурони гьечІо нижехъ, гьел киназего гІураб кваназе жо босизе ани гурони. (Гьенив вукІана щуазаргогІанасев бихьинчи.) Жиндирго чапарзабазда гьес абуна: – Нужеца гьел, гІага-шагарго кІикъоялда анцІ-анцІ чи кколедухъ, кьера-кьерал гьарун чІезаре, – ян. Гьес абухъе гІодор чІезаруна гьез гьел киналго. ГІисаца щуябго чедги кІиябго ччугІаги кодобе босана, зобалаздехун вуссун кванде дугІа гьабуна ва бек-бекун муридазухъе кьуна халкъалъе бикьейилан. Киналго гІорцІизегІан кванана, анцІила кІиго гьегь цІураб нахъегицин хутІана. Цо заманаялдасан ГІиса Галилеялъул (Тибериадаялъул) ралъдал добцояб рахъалде ана. ГІемераб халкъ бачІана гьесда хадуб гьенибеги, унтарал сахлъизарун гьесдасан загьирлъарал мугІжизатал рихьулел рукІиндал. ГІиса цо магІарде вахана ва жиндирго муридазда цадахъ гьенив чІана. ЖугьутІазул Пасхаялъул байрам тІаде щолеб букІана. Сверухъ валагьидал, гІемераб халкъ жинда аскІобе бачІунеб бихьун, ГІисаца Филиппида гьикъана гьавгощинав чи кваназавизе чед кисадай нилъеца босилебан. (Филиппил хІалбихьизе гьикъана ГІисаца гьедин. Гьесда лъалеб букІана щиб гьабилебали.) Филиппица абуна кІинусго динаралде босараб чедгицин гІеларин гьал гІадамал кваназаризе, кигІан гьитІинаб мочІу кьуниги. Симон Пётрил вац Андрейица абуна ГІисада гьаниб цо васасухъ бугин пурчІинадул ханждал щуго чедги кІиго гьитІинабго ччугІаги, амма гьаб халкъалъе гьеб кисайин гІелебилан. ГІисаца абуна гьел киналго гІодор чІезарейилан. ЦІакъ хер керчаб бакІ букІана гьеб. Гьенир харда тІад гІодор чІана щуазаргогІанасев бихьинчи. ГІисаца чед цебе босана, тІаде дугІаги гьабун, бек-бекун бикьана кваназе гІодор чІарал гІадамазе. БокьарабгІан чедги ччугІаги щвечІев чи хутІичІо гьенив цониги. Киналго гІорцІараб мехалъ, ГІисаца муридазда абуна, гІадада хвезе течІого, кванан хутІарал чадил кескал ракІарейилан. ПурчІинадул ханждал щуго чадил нахъе хутІун ратана анцІила кІиго гьегь цІурал кескал.
Выбор основного перевода