Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьес жиндирго нукарзабазда абуна: – ЯхІя авараг ватизе ккола гьев, хваралъуса вахъун вачІун, гьединлъидал гьес рихьизарулел руго гьел мугІжизаталги. Муридаз ГІисада гьикъана: – Щайха диниял гІалимзабаз абулеб цин цеве Иляс авараг вачІине кколилан? ГІисал цІар киса-кибего машгьурлъун букІиндал, Гьерод ханасухъеги щолел рукІана гьесул хІакъалъулъ харбал. Цояз абулеб букІана, хваралъуса вахъун вачІарав ЯхІя авараг вугин гьев, ва гьединлъидал гьес рихьизарулел ругин гьал мугІжизаталги. Цогидаз абулеб букІана Иляс авараг вугин гьевилан. НекІо заманаялда рукІарал аварагзабиго гІадинав авараг вугин гьевилан абулел чагІиги рукІана. Гьерод ханасдаги рагІана ГІисал гьел киналго ишазул хІакъалъулъ, ва гьев малъкъосун хутІана. Цо-цо гІадамаз абулеб букІиндалха хваралъуса вахъун ЯхІя вачІун вугилан. Цогидаз абулеб букІана Иляс авараг вачІун вугилан, цо-цояцайин абуни, цебе заманаялъул аварагзабазул цояв чІаголъун вугилан хабар биччан букІана. Гьедин батани, Иляс аварагищха мунилан гьикъана гьез. Гурилан жаваб кьуна ЯхІяца. Мун аварагищилан гьикъараб мехалъги гурилан абуна гьес.
Выбор основного перевода