Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьеб магІардаса гІодоре рещтІунеб мехалъ ГІисаца гьезда лъазабуна ГІадамил Лъимер хваралъуса вахъинегІан гьаб нужеда бихьараб гІаламаталъул лъиданиги цІар бахъугейилан. Амма ГІисаца жундузда лъазабулаан жив щивали бицунгейилан. ГІисаца абуна гьей ясалъе квен кьеян, ва, воре, нужеца гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги бицунгеянги лъазабуна. Гьелъул хІакъалъулъ лъиданиги бицунгейилан лъазабуна ГІисаца гьел гІадамазда. Амма гьедин цІикІкІун гьукъанагІан, дагьабги цІикІкІун тІибитІулеб букІана халкъалда гьоркьоб ГІисал хабар. МагІардаса гІодоре рещтІунаго, ГІисаца гьезда лъазабуна хваралъуса вахъун ГІадамил Лъимер вачІинегІан, гьаб нужеда бихьараб ишалъул лъиданиги бицунгейилан.
Выбор основного перевода