Аза-азар чи гІахьаллъарал чІахІиял руккелал гьарун рачІунел рукІана гІадамал гьеб заманалда ГІисада аскІоре. Цоцаца мерхьиналде ккун букІана гьезул иш. ГІисаца цин жиндирго муридазда абуна: – Вореха, фарисеязул реччеялдаса, ай гьезул кІигьумерчилъиялдаса цІуне нужго.