Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІадамазда цебе диде инкар гьабурав чиясдаса зобалазда вугев дир Инсуда цебе дицаги инкар гьабила. Киналго малаикзабигун цадахъ жиндирго хІалкІолъигун ГІадамил Лъимер вачІараб мехалъ, къудраталъул тахида гІодов чІела гьев. ГІадамазда цебе диде инкар гьабурав чиясдаса, Аллагьасул малаикзабазда цебе, дицаги инкар гьабила. лъикІлъиялда хьвадаразе, хваралъуса рахъиндал, гІумру насиблъила, квешлъиялда хьвадаразе, хваралъуса рахъиндал, тамихІ насиблъила. Щивав чиясул ишазда рекъон гьабила Аллагьас хІукму. ХъахІал чуяздаги рекІун, малаикзабазул боял рачІунел руго гьесда хадур. Гьезда тІад буго чІухІараб ва бацІцІадаб хъахІаб ретІел. Гьале дун кватІичІого тІаде щвела. Дихъ буго щивасул ишазда рекъон кьезе шапакъат.
Выбор основного перевода