Гьебмехалъ цо-цо диниял гІалимзабаз ва фарисеяз ГІисада абуна: – Я, МугІалим! Дуца цо гІаламат бихьизабизе бокьилаан нижее.
РачІун фарисеяз, ГІисал хІалбихьизе, цІехана: – Бокьараб гІиллаялъе гІоло росас чІужу йиччан тезе бегьулейищ? – ан.
Цогидаз, гьесул хІалбихьизелъун, тІалаб гьабуна зодисан гІаламат бихьизабеян.
ГІемераб халкъ жиндаго аскІобе бачІараб мехалъ, ГІисаца абуна: – ЦІакъго квешлъун буго гьаб уммат! Гьазие бокьун буго гІаламат бихьизабизе. Юнус аварагасул гІаламат гурони, цогидаб гІаламат гьезие букІине гьечІо.
– Ниж дуда божулеб кинаб гІаламат дуца нижеда бихьизабилеб? Щиб дуда гьабизе кІолеб? – ан гьикъана гьез ГІисада.
ЖугьутІаз мугІжизат-гІаламат тІалаб гьабулеб буго, греказги гІакъиллъи-гІалимлъи балагьулеб буго.