ТІагІунеб-холеб квен тІалаб гьабичІого, нужеца тІалаб гьабе абадияб гІумруялде нуж рачине бокьун ГІадамил Лъимаца нужее кьолеб бугеб тІагІунареб-холареб квен. Жиндирго Инсул – Аллагьасул баркаталъул мугьру буго ГІадамил Лъимада.
Нужер гьеб гІамал кІодолъи лъикІаб хасият гуро. Нужеда рагІанищ гьадинаб кици: «ГьитІинаб реччеялъги гІемераб ханжу беччизабула»?
ГьитІинаб ицица тІубараб тІимугъ кванала.