Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІисаца гьелда абула: – ТІагІа дида цебеса, шайтІан! ТІехьалда хъван буго: «ЦохІо Аллагьасе – дурго БетІергьанасе – гурони сужда гьабуге. ЦохІо Гьесие гьабе гІибадат!» Гьебмехалъ Симон Пётрица хвалчен лъалиниса бахъана ва цохІо хьвагІаралъ цо рагьтІателасул кваранаб гІин къотІана. (Бищунго кІудияв кашишасул гьев рагьтІателасда цІар Малх букІана.) – Дуца хвалчен лъалиниб лъе, – ян абуна ГІисаца Пётрида. – Дир Инсуца дихъе кьураб лълъар гьекъечІого бегьилищ дица? Мунагьаб гІакълу Аллагьасда дандечІола. Гьеб Аллагьасул къануналъе мутІигІлъуларо, мутІигІлъизеги кІоларо гьелда. Амма, нижеца лъазабураб гуреб, цогидаб «рохалил хабар» хІатта нижеца яги зодисан рещтІарав малаикас нужеда гьеб лъазабун бугониги, – абадиялъго нагІана батаги гьеб лъазабурасе.
Выбор основного перевода