Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІисаца гьезие жавабалъе абуна: – Квешлъиги хъахІбалъиги гІемерлъараб умматалъин гІаламат тІалаб гьабулеб. Юнус аварагасул гІаламат гурони, цогидаб гІаламат гьаб умматалъе букІине гьечІо. Юнус аварагас ччугІил чохьониб бана лъабго къоги лъабго сордоги, гьелда релълъун ГІадамил Лъимацаги ракьул чохьониб базе буго лъабго къоги лъабго сордоги. Иерусалималъул Мукъадасаб Рокъове вачІун халкъалъе вагІза-насихІат гьабулев ГІиса вугеб мехалъ, гьесда аскІоре рачІана чІахІиял кашишзаби, диниял гІалимзаби ва чІухІби-хІакимзаби. – Гьаб хІалтІи гьабизе ихтияр бугебищ дур? Лъица дуе гьеб ихтияр кьураб? – абун гьикъана гьез ГІисада. Жидеда лъаларилан жаваб кьола ГІисае гьез. ГІисаца гьездаги абула: – Дица нужедаги бицинаро лъил ихтияралдалъун дица гьаб хІалтІи гьабулеб бугебали. ГІемераб халкъ жиндаго аскІобе бачІараб мехалъ, ГІисаца абуна: – ЦІакъго квешлъун буго гьаб уммат! Гьазие бокьун буго гІаламат бихьизабизе. Юнус аварагасул гІаламат гурони, цогидаб гІаламат гьезие букІине гьечІо.
Выбор основного перевода