Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьебмехалъ ГІисаца абуна: – Дуе рецц буго, дир Эмен, зоб-ракьалъул БетІергьан, дуца, цІодораздаса ва гІакъилаздаса балъгоги гьабун, лъимер гІадиназе гьаб кинабго загьир гьабуралъухъ. Кинабго дие дир Инсуца кьураб буго. Инсуда гурони, лъиданиги лъаларо жиндирго Вас. Васасда ва Эмен жидее загьир гьавизе Васасе бокьарал гІадамазда гурони, лъиданиги лъаларо Эмен. Пётрица ГІисада абуна: – Я, БетІерчІахъад! ЛъикІ буго гьаниб нилъее! Дуе бокьани, дица лъабго хъощ бала гьаниб: цо дуе, цо Мусае, цо Илясие. ГІисадехун Пётр гьедин кІалъалев вукІаго, гьале цо гвангъараб накІкІул парча бачІун рахчизаруна гьел. Гьале гьеб накІкІуда гьоркьосан бахъана цо гьаракь: – Гьав вуго дие вокьулев дир Вас, гьасдаса вохун вуго Дун! Гьасухъ гІенекке нуж! Дица нужеда абулеб буго, вацал, черхалъеги биялъеги Аллагьасул парччахІлъи насиблъуларин, холебалъе холаребаб насиблъуларин. Амма эбелалъул ургьивго дун тІаса вищарас ва жиндир баркаталдалъун жиндие хъулухъ гьабизе дун ахІарас дие загьир гьавуна жиндирго Вас, гьесул хІакъалъулъ Рохалил хабар дица цогидал халкъазе бицинелъун. Гьебмехалда дица цониги инсанасулгун гІакълу дандбачІо. ГІадамазда данде гурел, – тахида ругелги кверщел бугелги рухІазда дандейин нилъ рагъулел ругел. Зобалазда ругел хъубал жундуздаги гьаб бецІаб дуниялалъул кверщел кодоб бугездаги дандейин рагъулел ругел.
Выбор основного перевода