Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Цо шагьаралда нужее гІазаб-гІакъуба кьуни, цоги шагьаралде лъуте. ХІакълъун абулеб буго дица нужеда: ГІадамил Лъимер къудратгун вачІинегІан ГІизраилалъул киналго шагьаразде щвезе бажариларо нужехъа. – Щиб дуе бокьун бугеб? – ан гьикъана ГІисаца. Гьелъ абуна: – Мун ПарччахІлъун ккараб мехалъ, гьав дир кІиявго вас дуца дудаго аскІор цояв кваранаб рахъалда, цогидавги квегІаб рахъалда, гІодор чІезарилин рагІи кье дие. ТІадегІанав вокьуларесе нагІана батаги! «Марана-та!» – вачІа, нижер ТІадегІанав! Гьаб нижеца нужеда малъулеб буго ТІадегІанасул рагІуда рекъон: ТІадегІанав вачІинегІан чІаго хутІаниги, хвараздаса цере ккеларо нилъ. Аллагьасул буюрухъги рагІараб, кІудияв малаикас гьаракьги гьабураб ва Илагьияб ссурги пураб мехалъ живго ТІадегІанав рещтІина. Ва МасихІиде иман лъун хварал гІадамал тІоцере рахъина тІаде. Цинги нилъ – чІаго хутІаралги гьезда цадахъ Аллагьас накІкІазда аскІоре зобалазде ракІарила ТІадегІанасда дандчІвазе. Гьедин абадиялъго нилъ ТІадегІанасда цадахъ рукІина. Гьеле гьел рагІабаздалъун цоцазул ракІбатизабе нужеца. Гьанже, вацал, ТІадегІанав тІадвуссун вачІинегІан сабруялда чІа. Гьедин чІола векьарухъан жиндирго хуриса гьесие цІакъ къиматаб-хирияб хІалухъен бачІинегІан. Ихдалилги хасалихълъиялъулги цІадал ран рахъинегІан сабруялда чІола гьев. Гьале, накІкІаздаги рекІун, вачІунев вуго гьев. Киназдаго вихьила гьев, гьесда хеч къазабураздагицин вихьила. Дуниялалъул киналго халкъал гьесухъ гІодила. Гьедин букІина. Амин.
Выбор основного перевода