ГІисаца гьесие жаваб кьуна: – Гьанже дун унев вугеб бакІалде дуда вачІине кІвезе гьечІо. Цинги нахъа вачІина мун.
Пётрица гьикъана: – Я, БетІерчІахъад, гьанже щай кІолареб дида дуда хадув вачІине? Дуе гІоло дица рухІги кьела.
ГІисаца абуна: – Дие гІоло рухІ кьезе хІадурав чийищха мун? ХІакълъун абулеб буго дица дуда: хІелеко бахъиналде лъабцІул инкар гьабила дуца дидаса.