Гьанже илбисалъ ГІиса цІакъго борхатаб мегІералъул тІогьиве вачуна ва дуниялалъул киналго пачалихъалги ва гьезул кинабго кІодолъи-къудратги бихьизабула гьесда.
Цинги ГІисада абула гьелъ: – Гьаб кинабго дуе кьела дица, бетІер къулун дуца дие сужда гьабуни.