Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Аллагьас ПарччахІлъиялъе рижун рукІарал гІадамалги гьениса бецІаб къотІноре рехила. ГІодилел ва цаби къерщезарулел хутІила гьел. Цинги гьел цІадул коронире рехила. ГІодилел ва цаби къерщезарулел хутІила гьел гьенир. ПарччахІас гьебмехалъ рагьтІателазе амру гьабун буго гьев чи, квералги бохдулги рухьун, дове бецІаб къотІнове рехеян. ГІодулел ва цаби къерщезарулел рукІина дора гІадамал. КІихІи хъвалхьина гьес гьев рагьтІател. Ххвелал гьарулесул можоро бахъараб гІадин ккела гьесул иш. ГІодилел ва цаби къерщезарулел хутІила гьединал гІадамал. Гьев пайда гьечІев рагьтІател дове бецІаб къотІнове рехе. ГІодилел ва цаби къерщезарулел рукІина дора гІадамал». Аллагьасул ПарччахІлъиялда Ибрагьимги, ИсхІакъги, Якъубги ва цогидал аварагзабиги нужеда рихьараб ва нужги гьениса къватІире рехараб мехалъ, гІодилел ва цаби къерщезарулел хутІила нуж. Жанавар асирлъун ккуна, гьелдаго цадахъ ккуна, гьеб жанавар бугеб бакІалда гІаламатал рихьизарун, жинца гІадамал къосинарурав гьересиаварагги. Гьес къосинарулаан жанаваралъул гІуж лъурал ва гьелъул сураталъе сужда гьабурал гІадамал. Жанаварги гьересиаварагги чІагого рехана цІадулги чІабтІилги хІоринире.
Выбор основного перевода