Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
«Бичас гьел гІадамал бецлъизаруна, ГанчІил ракІал лъуна гьезул чурхдузулъ: Бецлъарал беразда бихьунгутІизе, ГанчІилал ракІазда бичІчІунгутІизе. Гуребани, диде руссинаан гьел, Сахлъизарилаан цинги дица гьел». Ишая аварагас гьадин абун бугилан бицана Павелица: – «Гьеб халкъалъухъе ун, гьезда абе дуца: гІиналда рагІаниги, нужеда бичІчІиларо, бералда бихьаниги, нужеда лъаларо. Щайгурелъул гьаб халкъалъул ракІалги согІлъун руго, гІундулги гъугълъун руго, бералги къанщун руго гьез. Гьез гьедин гьабулеб буго беразда канлъи бихьунгутІизе, гІундузда рагІи рагІунгутІизе, рекІелъе щибго босунгутІизе, дица сахлъизаризе дихъе нахъруссунгутІизе». ТІухьдузда хъван буго: «Аллагьас гьел согІлъизаруна. Жакъа къоялде щвезегІанги гьезул беразда бихьуларо, гьезул гІундузда рагІуларо».
Выбор основного перевода