Цинги Зайтуналъул магІарда гІодов чІун ГІиса вугеб мехалъ, батІаго гьесда аскІоре рачІун, муридаз гьарана: – Гьаб дуца абулеб бугебщинаб иш кида лъугьине бугебали ва мун вачІиналъулги дуниял ахирлъиялъулги гІаламатал кин загьирлъулелали бице нижеда.
Киналго халкъал данделъила гьесда цере гьебмехалъ, ва вехьас чахъабиги цІцІаниги ратІа гьарулел гІадин, цоцаздаса ратІа гьарила.