Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГъутІбузда гъоркь гІащтІи лъун тун бугеблъи лъай нужеда. ЛъикІаб пихъ тІад бижичІеб гъветІ къотІун цІадаб лъезе бугебха! ТІад лъикІаб пихъ бижулареб гъветІ къотІун цІадабе рехула. Амма гьев чи дилъ гьечІони, цІолбол гъабуялдаса къунцІараб чІор гІадин, нахъе рехула гьев. Ахикьа ракІарун цІадаре ран рухІула гьединал чІорал. Гьеб киналъулго хІакъалъулъ ТІухьдузда хъван буго нилъее гІакълу щвеялъе гІоло. Ахирзаманаялде гІагарлъулел ругелъулха нилъ. Гьедин букІинчІебани, гьаб дуниял бижаралдаса нахъего, живго къурбанлъун гьавун, МасихІица чанги нухалъ хІехьезе ккелаан гІазаб-гІакъуба. Гьанже, гьаб дуниял ахирлъулеб бугеб заманалда, гьев цохІо нухалъ вачІана, киназего гІоло живго къурбанлъун гьавун, гьезул мунагьал чуризе.
Выбор основного перевода