Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Ва ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ гьаб Рохалил хабар тІолабго дуниялалдаго лъазабила, киналго халкъазе нугІлъун букІине. Гьебмехалъин ахир букІунеб. Гьес абуна: – ХІасил, Илагьияб ТІехьалда хъван буго – МасихІица гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугилан, хун лъабабилеб къоялъ гьев чІаголъизе вугилан ва Иерусалималдасан байбихьун киналго халкъазда, мунагьал чурулев Аллагьасде руссайилан, гьесул вакилзабилъун лъугьун, лъазабизеги бугилан. Илбис буго нужер эмен. Нужер эменлъун кколеб илбисалъулаб тІубазабулеб буго нужеца. БачІинго сундасан букІараб илбисалъул? Чи чІваялдасан гурищ? РитІухълъиялъул рахъги кквечІо гьелъ, ритІухълъи гьелъулъ жиндилъго гьечІелъул. Гьереси – гьелъул кІалдиб ругьунаб мацІ буго, тІолабго гьересиги гьелдасан бачІараб бугелъул. Гьеле гьелдалъун ратІа гьаризе лъала Аллагьасул лъималги илбисалъул лъималги: ритІухъаб гьабуларевщинавги ва жиндирго вац вокьуларевщинавги Аллагьасдасан гуро.
Выбор основного перевода