Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьебмехалъ ГІисаца абуна: – Дуе рецц буго, дир Эмен, зоб-ракьалъул БетІергьан, дуца, цІодораздаса ва гІакъилаздаса балъгоги гьабун, лъимер гІадиназе гьаб кинабго загьир гьабуралъухъ. Гьезда ГІисаца абуна: – Ригьин гьабичІого тезе Аллагьас бажари кьураз гурони къабул гьаруларо гьел рагІаби. ГІисаца абуна: – Гьединлъидал гурищ цебеги дица нужеда абураб, лъиданиги кІоларин дихъе вачІине, дир Инсуца гьелъие рес рекъезабичІони. Нилъеени Аллагьас жиндирго РухІалдалъун загьир гьабуна гьеб. РухІ сундулъего лъугьуна – Аллагьас цІакъго бахчун таралда гъорлъегицин лъугьуна. МасихІие хъулухъалъе чІарал чагІилъун рикІкІине ккола нужеца ниж. Нижее амру гьабун бугелъулха Аллагьасул балъголъи гІадамазе загьирлъизабеян. Гьес дие загьирлъизабуна жиндирго балъголъи. Гьелъул хІакъалъулъ цебеги дица нужехъе къокъго хъван букІана. Гьединлъидал гьаб кагъат цІалидал лъала нужеда МасихІил балъголъи кин дида бичІчІулеб бугебали. Дун рехсонги гьабе дугІа, Рохалил хабаралъул балъголъиялъул хІакъалъулъ хІинкъичІого бицине дица кІал ричІулебщинахъе гьелъие рекъарал рагІаби дие Аллагьасдасан щвагийилан. Гьезул ракІал къвакІизе, цоцазе рокьун, цолъун рукІине, хІакъабщиналъул гІелму тІубанго бичІчІизе, бичІчІун хадуб, гьелда гьезул тІубанго ракІчІезеги бокьун буго дие. Гьеб мехалъ тІубанго загьирлъула Аллагьасул балъголъи – МасихІ! Нижги дугІадулъ рехсе. МасихІилъ бугеб балъголъиялъул бицине нижер кІалаздаса кІулал ричІейилан гьаре Аллагьасда. Гьеб сабаблъунин дун туснахъалъув вугев. ГІисадалъун рещтІараб Илагьияб РухІ нужелъ хутІулеб бугелъул, нужеда лъицаниги малъизе кколаро. Амма гьеб Илагьияб РухІалъ нужеда кинабго малъулеб бугелъул, гьеб хІакъаб бугелъул ва гьересиги гьелъулъ гьечІелъул, гьелъ малъухъе нуж МасихІгун цолъун рукІа.
Выбор основного перевода