Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Дир рахъалъ щакдаричІев чи талихІав вугиланги абе. муридазул ракІал къвакІизарулаго, гьезул иман щулалъизабулаго. Чапарзабаз абулеб букІана: – ГІемераб гІазаб-гІакъуба хІехьон гурони нилъ Аллагьасул ПарччахІлъиялде лъугьинаро, – ян. Божи-иманалдаса ратІалъун ругел чагІи тавбуялде рачине кІолелищ? Цере гьел рукІана Аллагьасул Нуралъулъ, гьезие щвана зобалазул сайигъат ва, цогидазего гІадин, Илагьияб РухІалдасан гьунарги щвана. ХІалбихьун лъана гьезда Аллагьасул рагІиялъул лъикІлъи, лъана тІаде щвезе бугеб Аллагьасул ПарччахІлъиялъул къуват-гуч. Кин гьел ритІун ккезарилел, божи-иманалдаса ратІалъун ругони? Гьез цІидасан хъанчида валев вуго, инжит-хІакъир гьавулев вуго Аллагьасул Вас! Ризго рарал цІадазул регьел гъорлъ цІикІкІараб ракьалъ лъикІаб бачІин кьола хурухъабазе. Гьединаб ракьалда Аллагьасул баркат лъола. Амма гьеб ракьалда заз-хъарахъ гурони бижулеб гьечІони, гьелдаса пайда бахунаро, Аллагьасул нагІана насиблъиялъул хІинкъи букІуна гьелъие. Ахирги цІа гъун бухІула гьединаб ракьалда бижарабщинаб. Амма нижеца гьедин абулеб бугониги, дир хириял вацал, нижер ракІчІола нуж гьединал чагІи ратиларин, нужеда дагьабги цІикІкІараб баркат лъелин ва гьелъ нужги хвасар гьарилин. Аллагь ритІухъав вуго. Иман лъурал вацазул нужеца цебего гІадин гьанжеги тІалаб гьабулеб буго. Гьеб жив вокьун нужеца гьабулеб бугеб иш кІочон толаро Аллагьасда. Туснахъалда ругездаги гурхІана. Нужер боцІи-бечелъи бикъа-хъамулеб мехалъги роха-хинлъун рукІана. Нужеда лъалеб букІиндалха кодоса бахъизе кІолареб, цІакъго лъикІаб бечелъи нужер бугеблъи.
Выбор основного перевода