– Дида цадахъ рилълъа, – ян абуна гьезда ГІисаца. – Дица нуж лъугьинарила гІадамал кколел ччугІихъабилъун.
КъватІахъе-нухазде ун гьел рагьтІателаз квешалги лъикІалги – цере рата-ратарал рачун рачІуна. Гьедин ахІарал гІадамазул цІун буго бертадул рукъ.