Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьел киналго гІадамал хвана Аллагьасде божи-имангун. Гьезие щун букІинчІо Аллагьас къотІи гьабураб жо, амма рикІкІадасанго гІадин бихьулеб букІана къотІи тІубазе бугеблъи ва гьелдаса рохулаан. Гьаб дуниялалда гьез жалго рикІкІунаан апарагзабилъун ва къватІире гъурал гІадамаллъун. Гьеб хвасарлъиялъулин аварагзабаз, цІех-рех гьабун, хІакъикъат лъазабулеб букІараб. Аварагзабаз цебеккунго бицунеб букІана нужеде рещтІине бугеб баркаталъул. Гьез хІаракат бахъулеб букІана жиндие кьезе бугеб гІазаб-гІакъубаялъулги гьелдаса хадуб щвезе бугеб бергьенлъиялъулги хІакъалъулъ МасихІил РухІалъ бицунеб букІарабщинаб кида ва кин лъугьине бугебали лъазе.
Выбор основного перевода